Перейти к содержанию

ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ

СагӀтинухалда рекъон тӀаса байбихьун:
Къо-моцІ28 юл 1914 – 11 новембер 1918 (1914-07-28 – 1918-11-11)
(4 years, 3 months and 2 weeks)
Ракълил къотӀаби
БакІ
Европа, Африка, ГӀагараб Машрикъ, ГӀодоцараб Океаналъул чӀинкӀиллъаби, Чин, Гьиндустаналъулаб Океан, Шималияб ва Жанубияб Атлантика
ХІасил Алянсалъул бергьенлъи
Территориалиял
хиса-басиял
Халип:Bulletlist
Къеркьеялъул рахъал
Алянсалъул КъуватӀлъаби: Централиял къуватлъаби:
Командирзаби ва церехъаби
Къуват
Кинавниги: 42,928,000 чи[1] Кинаниги: 25,248,000 чи[1]
68,176,000 чи (Кинавнги гӀаммго)
Къурбанал ва камиял
  • Рагъда хварал: 5,525,000
  • Рагъда лӀукъарал: 12,832,000
  • Кинавниги: 18,357,000 KIA, WIA ва MIA
  • ВатӀанчагӀазул: 4,000,000
тӀадеги деталал ...
Рагъда хварал пачалихъазда рекъон:[2][3]
  • Рагъда хварал: 4,386,000
  • Рагъда лӀукъарал: 8,388,000
  • Кинавниги: 12,774,000 KIA, WIA and MIA
  • ВатӀанчагӀазул: 3,700,000
тӀадеги деталал ...
Рагъда хварал пачалихъазда рекъон:[2]

ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ, гьединго лъалеб КӀудияб рагъ абун ва цогидал цӀараздалъунги, — интернационалияб конфликт, жибги байбихьараб 1914 соналъул 28 юлалда ва лӀугӀараб 1918 соналъул 11 новембералда. Гьеб тӀибитӀана Европаялъул кӀудияб бутӀаялде, гьединго Россиялде, Цолъарал Штатазде ва Туркиялде, ва гьединго унеб букӀана ГӀагараб Машрикъалда, Африкаялда ва Азиялъул бутӀаялда. тарихалда бищун хвел цӀикӀкӀарал конфликтазул цояб, жиндир заманалда, кьурал къиматазда рекъон, рагъда 9 миллион чӀвараб, 5 миллионалдаса цӀикӀкӀун ватӀанчилъиял гӀадамал оккупация, бомбагъинаби, ракъи ва унтаби сабаблъун хвараб.[4] ГӀусманияз гьабураб геноцид ва рагъул заманалъ комбатантазул багъа-бачариялъ тӀибитӀизабураб 1918 соналъул Испан гриппалъул пандемия сабаблъун тӀолго дунялалда хвана чанго миллион чи.[5][6]

1914 соналъ КӀудиял къуватлъаби рикьун рукӀана цоцаде данде чӀараб кӀиго алянсалде: Лъабгоязул Антанта, жинда гъорлӀ КӀудияб Британия, Франсия ва Россия ругеб, ва Лъабгоязул Алянс, Германиялдасаги, Австриягин Гьунгариялдасаги, Италиялдасаги гӀуцӀараб. Балкъаназда букӀараб хӀалуцин ботӀроде бахана 1914 соналъул 28 юналда Босниялдаса сербав Гаврило Принципица Австриягин Гьунгариялъул варисав, эрцгерцог Франц Фердинанд чӀван хадуб. Австриягин Гьунгариялъ гӀайиб гӀунтӀизабуна Сербиялде, ва цоцада рухьарал алянсаз къуватлъаби цӀана дипломатиял дандрайиязул сериялде, жал юлалъул кризис абун лъалел. Австриягин Гьунгариялъ рагъ лъазабуна Сербиялда; Россия бахъана Сербия цӀунизе, в 4 августалде конфликт тӀибитӀана Германиялде, Парансалде ва КӀудияб Британиялде гьезул колониалиял империялгун цадахъ. Новембералда ГӀусманияб империялъги, Германиялъги Австриялъги гӀуцӀана Централиял къуватлъаби, 1915 соналъул априлалда абуни Италия (жиб Централиял къуватлъабазул цояб букӀараб) ана КӀудияб Британиялъулги, Франсиялъулги, Россиялъулги, Сербиялъулги рахъалде Алянсалъул къуватлъи хӀисабалда.

КӀиго фронталда рагъда цебе 1914 соналъ германиязул стратегия, Шлиффенил план абун жиндир цӀар араб,[7] букӀана цин Франсиялда тӀад бергьенлъи босизе, хадур жидерго къуватал бакъбаккуде рехизе ва Россия рагъулӀа бахъизе. Гьелъул жо ккечӀо Франсиялде цереин Марнаялда чӀезабиялъ; 1914 соналъул ахиралде кӀиябго рахъ цоцаде данде чӀун букӀана бакътӀерхьул фронталда — гьеб букӀана Ла-Маншалдаса Швейцариялде щвезегӀан халатбахъараб траншеязулаб мухъ, жиб 1917 соналде щвезегӀанги кӀудияб хисичӀеб. Гьелде дандеккун, бакъбаккул фронт букӀана хисардулеб: Австриягин Гьунгариялъ ва Россиялъ цин рахъулел рукӀана чӀахӀиял территориял, хадур гьел гьезухъа унел рукӀана. Цогидал кӀвар бугел театразда гъорлӀе унел рукӀана ГӀагараб Машрикъ, Алпазулаб фронт ва Балкъанал, рагъулӀе Булгарияги, Руманияги, Грецияги цӀан.

Алянсалъ рагъулабгин ралъдалаб блокада лъеялъ лӀугьараб дефицит сабаблъун, 1917 соналъул авалалда Германиялъ гӀорхъи гьечӀеб лъекьаб рагъ байбихьана, гьелъул хӀасилалда 1917 соналъул 6 априлалда церегӀан нейтралиял рукӀарал Цолъарал Штататал рагъулӀе лӀугьана. 1917-лъул Октобералъул революциялъул хӀасилалда Россиялда хӀакимлъм бахъана болшевиказ ва рекъел хъвана 1918 соналъул марталда Брест-Литовскалда хъвараб сепаратияб къотӀиялда рекъон, гьелдалъун германиязул аскаразул кӀудияб къадар эркенлъана бакъбаккул фронталдаса. Гьел бакътӀерхьул фронталде реххулаго, Германиялъул генералияб штабалъул хьул букӀана тӀубан бергьенлъи босизе, американ кумекалъ рагъалъел иналде асар гьабилалде, ва гьез байбихьана германиязул ихдалилаб гьужум 1918 соналъул марталда. Байбихьуда битӀ ккканиги, кватӀичӀого гьеб чӀчӀезабуна захӀматал камиязги ачуяб дандечӀеялъги; августалда алянсчагӀаз байбихьана нускъойил гьужум, германиязул аскар хӀалуцун данде чӀолеб букӀаниги, гьелда тӀокӀаб кӀвечӀо гьезул тӀаде рачӀин чӀезабизе.[8]

1918 соналъул ахиралда Централиял къуватлъабаз байбихьана рикьа-риххун ине; 29 септембералда Булгариялъ хъвана рекъел, 31 октобералъ — гӀусманияз, 3 новембералъ абуни — Австриягин Гьунгариялъ. Живго цо ххутӀарав, рокъоб революциягун ва аскар питнадиналда хӀинкъараб хӀалгун дандчӀварав Вилгьелм кайзерас инкар гьабуна тахидаса 9 новембералда, ва цӀияб герман хӀукуматалъ заманалъе рекъел хъвана 1919 соналъул 11 новембералда, рагъелазе ахирги лъун. 1919-лъул Парижалъулаб ракълилаб конференциялъ къурал къуватлъабазда хъвазаруна батӀи-батӀиял къотӀи-къаял, жидер бищун цӀар араблъун Версалалъулаб къотӀи букӀараб. Россиялъул, Германиялъул, ГӀусманиязул ва Австриягин Гьунгариялъул империял риххиялъ лӀугьана гӀемерал революциял, гӀуцӀана чиядарачӀел пачалихъал, гьезда гъорлӀ Полша, Чехословакия ва Югославия. Жакъа къоялъги тӀасан бахӀс бугел гӀиллаби, рагъазда гьоркьоб периодалъ баккараб хисарди инабизе бажарунгутӀи сабаблъана КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ байбихьиялъе 1939 соналъ.

Сербиялъул кампания

Цералъул рагъ

29 июля-11 август-Австро-Венгриял Аскар гlарада бай  байбихьана северияб цадахъ севералъул бакътIерхьул рахъалдехунисалги Сербиялда, хадуб кlвана гlарада бай гьабизе, бан системагун понтонных мостазул ахчихъа Сава и Дрина

Рагъулал такъсирал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Солдатияб хӀалбихьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагъалъул рахъкквей

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагъалде дандечӀей

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагъулаб хъулухъалде ахӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаниял Дунялалъул ТIоцебесеб рагъалда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналъул чотIахъабазулин (яги ГIалхулаб дивизия) цIар лъураб кIиго полк машгьурлъана гьеб рагъда букIана. Амма гьенир хъулухъ гьабулел рукIун руго дагъистаниял гурелги, Кавказалъул цогидал халкъалги[9].

1852 соналдаго гIурус пачаясул генерал Аргутинский-Долгоруковас кьураб гIакълу букIун буго пачаясе гьеб – имам Шамилида дандечIезелъун хас гьабун дагъистанияздасан полк гIуцIизе. Гьедин гьелда гъорлъе рачун руго Шамилидаса рази гьечIел магIарулалги, бидулалги, имамасе хиянатлъарал чагIиги.

Гьедин гьеб полк дунялалъул тIоцебесеб рагъдаго гIадин, гIурусазулгун япониязул рагъдаги, гIурусазулгун турказул рагъдаги гIахьаллъун буго.

Гьенив гIахьаллъарал дагъистаниязул цоявлъун шагIир ХъахӀабросолъа МахӀмудги ккола[9].

Ирс ва ракӀалде щвей

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]


  1. ^ ГӀурус Республика 1917 соналдаса. Болшевиказул хӀукуматалъ хъвана сепаратияб рекъел Централиял Къуватлъаигун гьебго соналъул новембералда яръидгӀуцӀун хӀакимлъи бахъун дагьабго заман иналде.
  2. ^ Цолъарал Штатаз ратификация гьабичӀо цониги Парижалъулаб ракълилаб конференциялда хъварал къотӀаби.
  3. ^ Булгариял гъорлӀлъана Централиял къуватлъабазда 1915 соналъул 14 октобералда.
  4. ^ ГӀусманияб империял раилъана Германиялъулгун балъгояб алянсалъе 1914 соналъул 2 августалда 1914. Гьеб рагъулӀе лӀугьна Централиял Къуватлъабазул рахъалда 1914 соналъул 29 октобералда.
  5. ^ Цолъарал Штатаз Австриягин Гьунгариялда рагъ лъазабуна 7 декембералда 1917 соналъул.
  6. ^ Австрия рикӀкӀанеб букӀана Австриягин Гьунгариялъул ирсилал пачалихъазул цояблъун.
  7. ^ Цолъарал Штатаз Германиялъе рагъ лъазабуна 6 априлалда, 1917-лъул.
  8. ^ Гьунгария рикӀкӀанеб букӀана Австриягин Гьунгариялъул ирсилал пачалихъазулцояблъун.
  9. ^ Although the Treaty of Sèvres was intended to end the war between the Allied Powers and the Ottoman Empire, the Allied Powers and the Republic of Turkey, the successor state of the Ottoman Empire, agreed to the Treaty of Lausanne.
  10. ^ Died in 1916 of pneumonia, succeeded by Charles (Karl) I of Austria
  11. ^ Died in July 1918 and succeeded by Mehmed VI
  12. ^ Figures are for Metropolitan France and its colonies
  13. ^ Figures are for Britain and her colonies; the dominions and India are listed separately
  1. ^ a b Tucker & Roberts 2005, гь. 273
  2. ^ a b Mougel, Nadège. "World War I casualties" (PDF). Centre européen Robert Schuman. Архивация (PDF) оригиналалдаса 2 February 2021. Щвей 5 June 2020. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|archive-date= (help)
  3. ^ Nash, Jay Robert (1976). Darkest Hours. Rowman & Littlefield. ISBN 978-1-59077-526-4. Архивация оригиналалдаса 19 April 2019. Щвей 1 July 2018. {{cite book}}: Check date values in: |access-date= ва|archive-date= (help)
  4. ^ Gilbert 1994, гь. xv.
  5. ^ Spreeuwenberg 2018, гьл. 2561–2567.
  6. ^ Williams 2014, гьл. 4–10.
  7. ^ Zuber 2011, гьл. 46–49.
  8. ^ Sheffield 2002, гь. 251.
  9. ^ a b Даку Зургъалов (19.03.2022). "Дагъистаниял Дунялалъул ТIоцебесеб рагъалда". Онлайн-журнал «Ориент». avariya.wixsite.com/orient. Щвей 2022-04-04. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)

Ингилис мацӀалда

Тариххъвай ва ракӀалде щвеял

[хисизабизе | код хисизабизе]

ТӀадеги цӀалиялъе

[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватӀисел регӀелал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Spoken Wikipedia Халип:Sister project links

Анимациониял картаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

Библиотекабазул гидал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Balkan Wars Халип:World War I Халип:WWI history by nation

pFad - Phonifier reborn

Pfad - The Proxy pFad of © 2024 Garber Painting. All rights reserved.

Note: This service is not intended for secure transactions such as banking, social media, email, or purchasing. Use at your own risk. We assume no liability whatsoever for broken pages.


Alternative Proxies:

Alternative Proxy

pFad Proxy

pFad v3 Proxy

pFad v4 Proxy